Класстун къват1исеб х1алт1и

01.02.2019

Класстун къват1исеб х1алт1и.

Тема: «Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о».

Мурад: ц1алдохъабазул творчестиял гьунарал церет1езари, ват1аналъухъ рокьи базабиялъе тарбия кьей, бач1унеб г1елалда жиндирго тарихги, г1адатги,  маданиятги, динги, ях1-намусги ц1унизе к1очон теч1ого бук1ине т1ад х1алт1и.

       План:

1) Цебераг1и.

2) Анлъабилеб классалъул ц1алдохъабаз Р.Х1амзатовасул «Къункъраби» абураб кеч1 ах1и.

2) Ц1алдохъабазул церерахи Совет Союзалъул бах1арзал.   

3) Ц1алохъабаз ракъул темаялда куч1дул ц1али.

4) Кьурди « Хъах1ал къункъраби».                                

  

                                            Эпиграф:

                                                                          …Ч1ван хвейги г1ид буго г1олохъабазе

                                                                              Г1алам урхъараб ц1ар нахъе бугони.

                                                                             Берал къанщунилан къимат холаро,

                                                                             Халкъ бахилаб гьунар бицаде тани.

                                                                                                         Инхоса Г1алих1ажияв.

 Цебераг1и бицуней ц1алдохъан:

        Хириял муг1алимзаби, ц1алдохъаби, умумул, жакъа нилъ данделъун руго нилъер халкъалъул бах1арчилъиги ях1-намусги рак1алда щун. Ракьалъул тарих гьабула гьенир г1умру гьабулел г1адамаз. Тарихалда к1очене бегьиларо нилъер ракьцоял Совет Союзалъул бах1арзал. К1удияб Берг ь н лъиялъе г1оло къеркьеялъулъ жидерго мустах1икъаб бут1а лъуна Дагъистаналъул,  г ь елдаго гъолъ Гъуниб районалъул халкъалъ. К1удияб Ватйанаяб ракъулъе ана 400-гоялде г1агарун гъунисев, г ь ениб Ват1аналъе г1оло г1умру кьуна 1340чияс,фронталда бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло рагъулал орденал  ва медалалгун т1адруссана нус – нус ракьцоял.  Районалъул ч1ух1илъун  ккола рагъул фронтазда гъурарал ва бихьизабураьб бах1арчилъиялъе г1оло Совет Союзалъул бах1арзаллъун  рахъарал Мох1оса ц1ар раг1арав подводник Мух1амад Х1ажияв (Дагъистаналда т1оцебесеб г ь еб ц1ар щ варав),  Александр Мотросовасул г ь унар такрар г ь абурав, нилъер росуцояв, Саг1аду Мусаев, Мох1оса лебалав рагъулав командир Мух1амад Х1амзатов, К1уядаса г ь унар т1ок1ав снайпер Саг1аду Г1алиев.

1.Р.Х1амхатов «Къункъраби».

2.Совет Союзалъул бах1арзал.

 1 ц1алдохъан - Мусаева Пат1ина.

Бихьинчиясул хасият лъадурулеб къебелъилъун лъугьана нилъер халкъалъе, миллионал г1адамазе К1удияб Ват1анаяб рагъ. Цогидазда цадахъ гьенир г1ахьаллъана  ва бах1арчилъи бихьизабуна рик1к1ен г1емерал муг1алимзабаз. Гьединаздаса цояв ккола нилъер росуцояв Ругъжаса Саг1аду Мусаев.

 Буйнакскиялъул педучилище лъуг1изабурав гьев х1алт1улев вук1ана г1агараб районалъул Хьиндахъ росулъ. Амма г1олиласул ракълилаб зах1мат гьоркьоб къот1изабуна немцазул фашистазул чидал ракьал рахъулез. Тушманасде бугеб к1удияб ццимгун гьесдаса рец1ел босизе таваккалгун ана рагъде С. Мусаев.

 Ралъдал пехотаялъул 16-аб.батареялъул писарь(хъвадарулев чи), комсомолалъул член Мусаев 1943 сооналъул 22- 23 ноябралда т1оцеве ана гьужумалъ цевехун Керчалъул бащдаб ч1инк1иллъуда цо борхалъи босизелъун. Маг1арул г1олилас жиндаго хадур ц1ана цогидал рагъухъаби.

Гьеб кьалул майданалда Саг1адуллагь зах1матго лъукъана. Черхалда хвалил ругъун щун бук1аниги, рагъухъанас гранатабаздалъун нахъчвана тушманасул г1арадабазул кьвагьдей. Гьедин гьес кьуна жиндирго ротаялъе церехун ине ва бергьенлъи босизе. Мусаевасул рагъул х1аракатчилъиялдаса рехсарал г1адал мисалал жеги рачине бегьула.

 Ахиралдаги эркенлъи г1агар гьабиялъе г1оло вакъулаго, х1инкъи- къай гьеч1ев маг1арулас гьеб ишалъе насиб гьабуна жиндирго т1олабго г1умру.

1944 соналъул маялда хун хадув мусаев мустах1икълъана Совет Союзалъул Бах1арчиясул мустах1икъаб ц1аралъе.

 

2 ц1алдохъан - Х1аджимусаева Пат1ина.

Мох1об росулъа Мух1амад Х1ажиев лъаларев чи нилъер республикаялдаги ва гьеб тун къват1ибехунги ватизе гьеч1о.

Доб рик1к1даб 1935 соналъ Тихий океаналда хъулухъ гьабулаго, Дагъистаналда гьев т1оцеве мустах1икълъана Ват1аналъул т1адег1анаб шапакъат Ленинил орденалъе. Амма гьесул гьунар ва махщел  загьирлъана сог1аб заполяриялда К1удияб Ват1анияб рагъул соназ.

М. Х1ажиевас абулеб бук1ун буго: «Рагъда командирасул бищун лъик1аб х1укму бугила жиндир заманалда гьабураб ва т1убазабураб х1укму»,- ян. Рагъулъ Мух1амад Мух1амадица х1аракат бахъулеб бук1ун буго х1инкъич1ого ва таваккалалда  тушманасде т1аде к1анц1изе.

Ракъдада М. Х1ажияв ц1акъго къанаг1ат гурони вихьулароан, гьесул рак1 кидаго ралъдалъе ц1ан бук1унаан ва гьесул рагъулал гьалмагъзабиги кидаго х1адур рук1ана гьевгун цадахъ ц1адулъеги лъелъеги ине.

Гьебго 1941 соналъул лъабабилеб декабаралда М.Х1ажиевасул лъелъ букъулеб «К-3» гамица торпедаби риччан гъанкъизабуна тушманасул къайи баччулеб транспорталъулаб гама ва хадуб лъелъа къват1ибе бахъун г1арадаялъулаб рагъдаги жубан, гъанкъизабуна т1адеги тушманасул к1иго гама.

 Гьел къояз «Правда» газеталда хъван бук1ана гьеб бугила тарихалда жаниб лъелъ букъулеб гаматушманасул конвоялда данде гьваялдасан г1арабаздалъун къеркьей ва гьел гъанкъизари. М. Х1ажиевасул бах1арчилъи киса –кибего т1ибит1ана. Гьес г1ахьаллъи гьабуна 12 походалда, амма гьесие бит1 ккеч1о.

Тушманасул самолеталдасан рехарал бомбабаз гьесул «К-23» лъелъ букъулеб гама гъанкьизабуна. Гьеб иш ккана 1942 соналъул 12 маялда. К1иабилеб рангалъул капитан М.Х1ажиевасул нухмалъиялда гъоркь дивизионалъ къокъаб болжалалда гъанкъизабуна тушманасул 27 транспорт ва гама гьездасан анц1гояб  гьесул г1ахьаллъигун.

Ц1акъго лъик1аб къимат кьуна жиндирго рагъулав г ь алмагъсул х1акълъулъ Совет Союзалъул Бах1арчи контрадмирал И.А. Колышкиница: «Мух1амад Х1ажиев вижун вук1ана ралъдае, гьелда хурхун ана г ь есул г1умруялъул бищун лъик1ал сонал ва гьунарал.ралъдалъ хут1ана г ь ев абадиялъго».

Командованиялъул рагъулал т1адкъаял дурусго т1уразариялъе г1оло ва фашистазулгун г ь абулеб рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло 1942 соналъул 23 октябралда  СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалалъул Указалдалъун М.Х1ажиевасе кьуна «Совет Союзалъул бах1арчи» абураб т1адег1анаб ц1ар. Дагъистаниязда г ь оркьов г ь ев т1оцеве мустах1икъалъана г ь еб ц1аралъе.

Мух1амад Х1ажиев кидагоялъе восун  вуго Северияб Флоталъул цо часталъул сиях1алде. Г ь есул х1акъалъулъ хъван руго т1ахьал ва куч1дул, ц1ар лъун буго  заводазда, гумузда, школазда, къват1азда, г ь есул ц1ар кьун буго Мурманский областалъул подводниказул шагьаралде.

Г ь есул ц1ар ва рагъулал бах1арчиял ишал кидаго к1очене г ь еч1о.

 

3 ц1алдохъан Амирх1амзаева С.

Совет Союзалъ  Бах1арчи

Мух1амад  Х1амзатов

Г ьалмагъ  Х1амзатов  Мух1амад Юсупович  гьавуна  1910 соналъ Гъуниб районалъул Мох1об росулъ мискинав векьарухъанасул хъизамалда .  1932 соналда гьев жиндиего бокьун ана Баг1араб армиялде ва гьенив мухилав солдатасдасан  вахъараб  полкалъул комадирасде  щвезег1ан хъулухъ гьабуна . К1удияб  Ват1анияб рагъда  Х1амзатовас  г1ахьллъи  гьабуна байбихьудаса лъуг1изег1ан.  Тоцебесеб рагъулаб шапакъаталъ – Баг1араб  Байрахъ орденалъе  гьев  мустах1икълъана Таманалда ва Кубаналда ккарал рагъазулъ   бихьизабураб   бих1арчилъиялъе г1оло.   Гвардиялъул   майор  Х1амзатовасул   батальоналъ  1941 соналда  г1ахъаллъи  гьабуна  Феодосия,  Моздак, Орджоникидзе, Туапсе, Краснодар  шагьаразе  г1оло   гьарурал  рагъазулъ.

    Крымалъе  г1оло   рук1арал  рагъазулъ   бихьизабураб  бах1арчилъиялъе г1оло 1943 соналъул  17 ноябралда  СССРалъул  Верховный  Советалъул  Прузидиумалъул  Указалда  рекьон   Мух1амад  Х1амзатовасе   кьуна  Совет  Союзалъул  Бах1арчия  абураб  ц1ар.

     Крымалда   рук1арал  рагъазул   бицен  ккараб   бак1алда  Т1адег1анаб   Бет1ераб   командованиялъул  Ставкаялъул   вакил   Совет  Союзалъул   Маршал  К.С. Тимошенкоца  абуна:- Дагъистаниял   лъик1го  рагъула.  Крымалда   рагъизе  плацдарм   бахъулаго,  к1удияб  бах1арчилъи  бихьизабуна  дагъистанияв  Х1амзатовас  , - ян.

   Х1амзатов   вук1ана  х1инкъи  лъаларев,  гьунар  ва  бажари  бугев  командир.  Рагъулал   гьунаразе  г1оло  гьесие  кьуна  Ленинил   орден, ункъо  Баг1араб  Байрахъ, ц1ва  орденал  ва  г1емерал  медалал.

    Х1амзатов  М.Ю.  Коммунист  партиялъул   мухъилъ  вук1ана 1937  соналдаса  нахъе.  Рагъдаго  г1адин,  Х1амзатовас  мисал  бихьизабуна  ракълилаб  зах1маталдаги.  1952 -62 соназ гьес  бажарун  председательлъи  гьабуна  г1агараб  Мох1об  росдал  М. Х1ажиевасул  ц1аралда  бугеб  колхозалъе.

    Ахирал  соназда  гьев вук1анв  пенсиялда  Калинин  шагьаралда.  Х1алхьиялда  вук1аниги, гьес  ц1ик1к1араб  к1вар  кьолаан  г1олилазе  советияб  патриотизмалъул  рах1алда  тарбия  кьеялде.  Х1амзатов   вук1ана   Калинин  шагьаралъул  рагъулал  ветераназул  советалъул  член.   Гьесул  щулияб  бухьен  бук1ана  нилъер   районалъул  г1олилазулгун  ва  школ-лъималазулгун.

 

4 ц1алдохъан Агъуралиева А.

Совет Союзалъул Бах1арчи.

 Саг1аду Г1алиев г вуна 1917-аб соналда Гъуниб районалъул к1уяда росулъ. Гьит1инго байбихьана зах1матлъулаб х1аракатчилъиялде. К1уяда росулъ. Гьит1инго байбихьана зах1маталъулаб х1аракатчилъиялде. Г1урала школалъул учительлъун ва комсомолаул секретарьлъун халт1улеб бак1алда ах1ана 1940 соналда Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе. Саг1адуе  гьит1иго бокьулаан черх лъадаризе, кьерилалгун къецалде лъу гьине, хьвадулаан чанаве. Гьелъги к1удияб кумек гьабуна г1олиласе лебалав, таваккалав, х1инкъи гьеч1ев рагъухъанлъун вахъине.

1941 соналъул июлалдаго Саг1аду Г1алиев гьоркьов  вугев кьвагьдохъабазул дивизия рехана тушманасде дандеч1ей гьабизе. К1икъоялда цоабилелъул июлалда рук1арал рагъулал гьужумаздаго т1ибит1ана рагъухъан Г1алиевасул х1инкъи гьеч1о лъиялъул ва бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ хабар. Гьесул ц1ар т1ибит1ана гулла алхунарев г1ужилав снайперр х1исабалда. Саг1адуда рагъухъабаз абулаан снайперазулги снайперилан.

Лъабго соналъ Саг1аду вагъана т1абиг1аталъул ц1акъго сог1ал щ арт1ал ругеб Крайнияб Севералда. Г1алиевасул ц1арго маш гьурлъана тушманас ц1ик1к1араб къуватги рехун бахъулеб бук1араб борхалъи ц1унулаго гьабураб бах1арчилъиялъе г1оло. Гьалмагъзабиги командирги ч1ван цох1о живго хут1арав маг1арулас къох1ехьеялъ ва бах1арчилъиялъ х1айран гьаруна жалго тушбабицин. Гьеул г1ужие алхунареб гуллица г1одов лъуна муг1рузул шарт1азда ракъизе хас гьабун  ругьун гьарурал тушманасул 127 рагъухъан- егерал. Фронталъул газетаздасанги, ТАССАлъул лъазабияздасанги раг1улел рук1ана «Гьалмагъ рагъухъан, мисал босе ва гьеч1евлъун, дуца мисал босе ва х1инкъи гьеч1евлъун вук1асайпер Саг1аду Г1алиев г1адин» абурал раг1аби.Хочу такой сайт

1943-аб соналъул 22-аб.февралалда рагъда бихьизабураб бихьинчилъиялъе ва ц1ар раг1араб гьунаралъе г1оло СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун гьесие кь уна Совет Союзалъул Бах1арчи абураб т1адег1анаб ц1ар.

…Рагъул ахириселсоназда цогидаб фронталда к1удияв лейтенант Совет Союзалъул Бах1арчи  Саг1аду г1алиевас нухмалъи гьабулеб бук1ана автоматчиказул ротаялъе. Г1ахьаллъана Варшава, прага шагьарал эркен гьарулаго ва Берлин кодоб босиялъулъ. Гьес нухмалъи гьабулеб ротаялъул рагъухъабаз чанги кьаби щвезабуна тушманасда. Квердевосана гитлерилазул азаргоялдасаги солдат ва офицер, 12 танка, 48 ярагъ, тушманасул кванил ниг1матазул складал. Гьелъие г1оло Г1алиевасе Т1адег1анаб командованиялъул рахъалдасан баркала кьун бук1ана.

Рагъ лъуг1ун хадув Совет Союзалъул Бах1арчи Саг1аду Давудович Г1алиев т1адвуссана ракълилаб зах1маталде- учителасул х1алт1уде. Х1алт1ана Когъоб микьго сонил школалъул директорлъун, Ведено райисполкомалъулпредседателасул заместительлъун.

 

3. Рагъул темаяла  ц1алдохъабаз куч1дул ц1али.

9классалъул ц1алдохъан Чакаласулов Ибрагьим.

«Херал солдатал».

Рагъдаса руссарал херал солдатал,

Сонал анаан нуж дагьлъулел руго.

Гуллбузе къуркьич1ел, кьалул бах1арзал,

Кьерда ч1езе г1урал хут1ун гьеч1о нуж.

 

Жанир х1ат1ал гьеч1ел ц1улал чакмаял

Ц1ак ъ нагагь къирулел руго къват1азда.

Къвалал ч1орогоял гурдал рет1арал

Годек1абахъ  ц1акъ дагь руго дандч1валел.

 

Дида к1олароан бергьнлъиялъул

Багьа учузлъилан сонал аниги,

Солдатазул ишал, ц1арал к1очараб,

Ц1огьабазул заман т1аде щванилан.

 

Нужер гьунаразде, шапакъатазде

Щайха жакъа раг1ад рехулеб бугеб?

«Маххул дах1абиги» далун ругилан

Гаргазе цо - цоял нечолел ругел.

 

Гьезий жаваб кьун щай, гьел ц1укабазул

Ц1ун рук1инч1ищ нохъал ракъул соназда,

сахал г1олохъабаз г1адамазда гъорлъ

Г1унсби рук1унч1ищ ккун, паспортал г1адин.

 

Нилъер талих1илищ  гьаб, талих1 къосинищ,

Танкал руго гьанже бет1ергьан гьеч1ел

Топхана бичулеб буго пачалихъ,

Патиран билани, тамих1 бук1ана.

 

8 класс Мусаев Эльдар.

Г1умаржан Х1ажиг1алиев .

«Дозие т1ок1аб жакъа къвариг1ун гьеч1о».

Балагье, дир гьудул,  балагье сверухъ,

Нилъее умумузул тараб ирсалъухъ:

Талих1аб г1умруги, г1орц1араб рукъги,

Къварилъи лъалареб лъик1аб заманги.

 

Хал гьабе дол арал нухлул сверабалъ

Сахлъун гьеч1о жеги кьалул хандакъал.

Хурдал рижаниги, т1егь к1анц1аниги,

Туг1ун г ь ч1о гьениб тунк1иххарил мах1.

   

Дол ана… Босич1о унелъул цадахъ

Цох1о Г1умруялда г1ищкъу гурони,

Къисас босч1ого ч1аго хут1арав

Тушманасе бугеб рокьукълъи гуреб.

 

Дозие т1ок1аб жо къвариг1ун г ь еч1о,

Рит1ухъал ирсалал нилъ рук1анани,

Сверухъ балагьидал,  дуниялалда

Долг рук1араблъи к1очон теч1они.

 

4.Кьурди «Хъах1ал къункъраби»

 

 

       
внеклассное.docx (скачать)
Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

ВНИМАНИЕ!

Срок действия лицензии на использования программного обеспечения окончен 31.12.2023.
Для получения информации с сайта свяжитесь с Администрацией образовательной организации по телефону 89894892324

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».